INDEPENDENT INFORMATION ANALYSIS AND SYNTHETIC SERVICE
НЕЗАВИСИМАЯ ИНФОРМАЦИОННО-АНАЛИТИЧЕСКАЯ И СИНТЕЗИЧЕСКАЯ СЛУЖБА
Земля. Alazan-INFO


Форма входа

Категории раздела

Алазанская долина [908]
Наш Кавказ [1025]
В мире [275]

Календарь

«  Ноябрь 2009  »
ПнВтСрЧтПтСбВс
      1
2345678
9101112131415
16171819202122
23242526272829
30
  

Архив записей



Главная » Статьи » Алазанская долина

Парад знамений: Айнур из Къабахчоли
"Мы покажем им Наши знамения по свету и в них самих, пока им не станет ясно, что это – истина» (Коран, 41:53). Вслед за феноменом девятимесячного мальчика Али из дагестанского села Краснооктябрьское Кизлярского района, на теле которого стали проступать надписи из Корана, появились свидетельства того, что подобное явление имеет место быть и в Алазании, на северо-западе Азербайджана. Вот что говорят односельчане девушки: 
"Киналгоязда рагIун батила Дагъистаналъул Гъизлар районалда гьабураб, тIад Къуръаналдаса аятал раккун щолеб лъимадул. Гьелда релълъараб гIадаб иш лъугьун мадугьал Азербайжаналъул Белокан районалъул Къабахчоли росулъ. I997 соналъул сентябралъул анцIабилалда гьаюрай Чунаев МухIумал яс Айнурилги батIи - батIиял лугбузда раккизе лъугьун руго чIегIераб кьералдалъун гIараб хIарпал ва хIатта "Аллагь", "МухIамад" абун хъвай - хъвагIиял. ГIажагIибабго жо ккола гьеб хъвай - хъвагIи баккизе лъугьин Айнурил гьаюрабго къоялъ, ай 2009 - леб соналъул анцIабилеб сентябралда, гьелъие анцIила кIиго сон гIураб къоялъ. Абула Айнурица Дагъистаналда гьабураб лъимер телевизоралда бихьидал Аллагьасдаса жиндиеги гьединабго гьарун букIун бугилан. Айнур йиго школалдаги лъик цIалулей, мажгиталде гIараб лъазабизе хьвадулей цIодорай яс. Жалго Чунаевалги руго диналде руссарал, гIодор риччан рукъалъул магIишат тIибитIулел чагIи.Умумуца яс ячун йиго росдал тохтирасухъе, районалдаго цIар рагIарав МухIамад ГIуркаевасухъе. Врачас спиралъ бацIцIун буго Айнурил рукьадаса хъвагIи. Амма хехабго заманалда гьебго жо нахъе хъвазе лъугьин бихьидал хIинкъи рештIун буго гьесул рекIелъе. Ва кIиабилеб нухалъ гьеб бацIцIиялъе инкар ккун буго врачас. Районалъул полициялъул идараялда гьеб рагIарал, гьелда божичIел хIалтIухъабаца гьеб мошенничество, гьереси ва жидехъе халкъалъул пикру базабизе эбел - инсуца гьабураб жо бугилан абун буго. Гьеб иш рагьизе ва лъугьа - бахъулеб жоялъе баян кьезе следовательги витIун вуго начальникас. Ясалъе бабацайищ гьабурабин, инсуцайищ гьабурабин, гурони дуцагойищ гьабурабин суал кьолев полициялъул хIалтIухъан гьеб хъвай - хъвагIи баккун щолеб жиндаго бихьун нахъе ун вуго. Амма гьелдалъунги гIодове виччачIев началникас Айнур тIад охранаги, видеонаблюдениеги лъун, тIаде - гъоркье ваккизе чиги толарого цо чанго къоялъ чIезаюн йиго районалъул централияб больницаялда.
Врачацаги бакка - баккарабшинаб хъвай - хъвагIи спирталъ бацIцIиналъ ясалъул тIомги загIиплъун бугилан абулеб буго гьей йихьарай гIадамаца. Амма гьабураб жоялъул пайда гьечIеблъи, ва жидеда кковухъе кинабниги гьересиги гьечIолъи батун яс рокъое йитIун йиго больницаялдасан. Гьелъул хабар къватIибе кьун чанго азербайжаналъул республикаялъулал "Лидер", "АНС" гIадал телеканалацаги. Амма, тIоцебе махсароде ккун гIадин, "къабахчолисезеги дагъистаниязего гIадав чи жедееги вокьун вукIанилан", гьезда релълъараб гIадаб жо жидерги бахъизабизе журан рукIун ругилан абуниги, хаду - хадуб гьеб хIакъикъияб жо букIинги щвезабун буго халкъалъухъе. Абизе ккола Айнурил чорхол батIи - батIиял лугбазда раккун щолел гьел хъвай - хъвагIиял раккулеллъи чIегIераб шакъидул кьералдалъун. Сураталда гьеб бихьарав чиясе гьеб тIоцебе шакъи бугилан ккезеги рес буго. Амма Чунаевазул нуцIа кидаго гьоболчиясе рагьараб буго, ва чанги нухалъ гьеб хъвай - хъвагIи баккун буго рачIарал гьалбазул беразда цебе. Абула тIоцебе хъвай - хъвагIи баккунилан тIомалда, ай тIомалъул тIасияб гъаталда, амма хаду - хадуб гьеб бессунилан гьанада жанибелъун, къо бахъанагIанги гьай гIажагIибай ясалда гьел цIикIкIун гурони дагьлъулел гьечIилан. ГьитIинай ясалъул черхалда гьел хъвай - хъвагIиял къойил раккулел руго, хIатта кIалзул гьодорлъиялда ругилан абула гьей йихьарал чагIаца. Гьанже Чунаязул рукъ лъугьун буго гIадамаца зиярат гьабулеб бакIлъун.


Обновление темы от 16.01.2010 года.

Аллагьасул г1аламат 

Киналгоязда рагIун батила Дагъистаналъул Гъизлар районалдаса хIикматав гьитIичасул. Гьелда релълъараб гIадаб иш ккана мадугьал Азербайжаналъул Белокан районалъул Къабахчоли росулъги.
I997 соналъул сентябралъул анцIабилалда гьаюрай Чунаев МухIумал яс Айнурилги лугбазда раккизе лъугьун руго хириял хъвай - хъвагIаял. ГIажагIибабго жо ккола гьеб хъвай - хъвагIи баккизе лъугьин Айнурил гьаюрабго къоялъ, ай 2009 - леб соналъул анцIабилеб сентябралда, гьелъие анцIила кIиго сон гIураб къоялъ. Абула Айнурица Дагъистаналда гьабураб лъимер телевизоралда бихьидал Аллагьасдаса жиндиеги гьединабго гьарун букIун бугилан. Айнур йиго школалдаги лъикI цIалулей, мажгиталде гIараб лъазабизе хьвадулей цIодорай яс. Жалго Чунаевалги руго диналде руссарал, гIодор риччан рукъалъул магIишат тIибитIулел чагIи. 
Умумуца яс ячун йиго росдал тохтирасухъе, районалдаго цIар рагIарав МухIамад ГIуркаевасухъе. Врачас спирталъ бацIцIун буго Айнурил рукьалда букIараб хъвай - хъвагIай. Амма гьебго жо нахъеги загьирлъизе байбихьидал тIокIалъ гьеб бацIцIине инкар гьабун буго тохтурас.
Районалъул полициялъул идараялда гьеб рагIарал, гьелда божичIел хIалтIухъабаца гьеб гьереси бугин ва жидехъе халкъалъул пикру базабизе эбел - инсуца гьабураб жо бугилан абун буго. Гьеб иш рагьизе ва лъугьа - бахъунеб жоялъе баян кьезе следовательги витIун вуго начальникас. Ясалъе бабацайищ ялъуни инсуцайищ гьабурабин, гурони дуцагойищ гьабурабин суал кьолев полициялъул хIалтIухъан гьеб хъвай - хъвагIай загьирлъулеб жиндагоги бихьун нахъе ун вуго. Амма гьелдалъунги гIодове виччачIев началникас Айнур хъаравуллъиги тIамун, халкквезе видеокамераги лъун, тIаде - гъоркье ваккизе чиги толарого цо чанго къоялъ чIезаюн йиго районалъул централияб больницаялда. Врачацаги баккарабшинаб хъвай - хъвагIи спирталъ бацIцIиналъ ясалъул тIомги загIиплъун бугилан абулеб буго гьей йихьарай гIадамаца. Амма гьабураб жоялъул пайда гьечIеблъи, ва жидеда кковухъе кинабниги гьересиги гьечIолъи батун яс рокъое йитIун йиго больницаялдасан. Гьелъул хIакъалъулъ бицана Азербайжаналъул цо - цо телеканалацаги. 
Абизе ккола Айнурил чорхол лугбазда загьирлъулел гьел хъвай - хъвагIаял ругин чIегIераб щакъидул кьералъул. Сураталда гьеб бихьарав чиясда гьеб тIоцебе шакъи бугилан ккезеги рес буго. Амма Чунаевазул нуцIа кидаго гьоболчиясе рагьараб буго, ва чанги нухалъ гьеб хъвай - хъвагIай загьирлъун буго рачIарал гьалбазул беразда цебе. Абула тIоцебе хъвай - хъвагIи баккулила тIомалда, ай тIомалъул тIасияб гъаталда, амма хаду - хадуб гьеб бессулила гьанада жанибелъун, къо бахъанагIанги гьай гIажагIибай ясалда гьел цIикIкIун гурони дагьлъулелги гьечIила. ГьитIинай ясалъул черхалда гьел хъвай - хъвагIаял къойил загьирлъулел руго, хIатта кIалдиргицин ругилан абула гьей йихьарал чагIаца. Гьанже Чунаязул рукъ лъугьун буго гIадамаца зиярат гьабулеб бакIлъун. 
Категория: Алазанская долина | Добавил: Alazan (17 Ноября 2009)
Просмотров: 1219
Всего комментариев: 0

[ Получить прямую ссылку на новость ]

Share |
idth="100%" cellspacing="1" cellpadding="2" class="commTable">
Имя *:
Email:
Подписка:1
Код *:

Поисковик по сайту

Наш опрос

Оцените мой сайт
Всего ответов: 1
Каталог сайтов
  • Maarulal.ru
  • Avaristan.info
  • Закатальский музей
  • Газета "Zaqatala"
  • RomPhoto
  • Saxur-INFO
  • Gazavat.ru
  • Ингило
  • Алиабадский сайт
  • Zaqatala-INFO
  • Интернет-РАБОТА
  • WikiLeaks
  • Alazan MUZes
  • El Alazan
  • Alazan BOUTIQUE
  • Alazan IT
  • EaPCommunity
  • OSW
  • Наш Кавказ
  • Все для веб-мастера
  • Программы для всех
  • Мир развлечений
  • Лучшие сайты Рунета
  • Кулинарные рецепты

  • Наши Партнёры

    РОССИЙСКОЕ ОБРАЗОВАНИЕ
    для иностранных граждан

    Protected by Copyscape Online Plagiarism Finder